МасихІил дарсал малъулев азарго мугІалим нужер вугониги, эмен нужер цо гурони гьечІелъул. Дун нужее эменлъун лъугьана, Рохалил хабаралдалъун дица нуж МасихІиде цолъизаруна.
Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее.