Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял. Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» – абун ахІизе. Эркенлъи щвезелъун тархъан гьаруна МасихІица нилъ. Гьединлъидал гьеб эркенлъиги ккун чІа, лагълъиялъул рукь нахъеги горбоде ккезе биччаге.
Выбор основного перевода