ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила.
Гьез абуна: – Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб?
ГІисаца жаваб кьуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: мунагь гьабуравщинав чи ккола мунагьалъул лагъ.
Масала, цо пуланав лагъ жиндирго бетІергьанасул рокъов кидаго гуро вукІунев, амма вас инсул рокъов кидаго вукІуна.
Васас тархъан гьаруни, хІакъикъаталдаги тархъанлъила нуж.