Амма дун хІинкъун вуго, хІилла-макруялдалъун борхьица ХІава къосинаюрай гІадин, МасихІидехун ракІбацІцІалъиги ритІухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан.
Гьедин гьабуни, МасихІ вачІараб къоялъ дун нужедаса чІухІила, векерун чІалде щвезе бахъараб дир хІаракат ва захІмат гІадада ккечІилан.