Лъилниги биялдасан, лъилниги черхалдасан яги бихьинчиясул гьаваялдасан лъугьарал лъималлъун рукІине гуро рес кьураб, Аллагьасул лъималлъун рукІинейин.
Ибрагьимил зурияталъул киналго гуро Аллагьасул лъималлъунги лъугьарал. Аллагьас Ибрагьимида абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб».
Аллагьас рагІи кьун гьарурал лъималаздаса лъугьараб гурони, цогидал лъималаздаса лъугьараб наслу хІакълъунго наслулъун рикІкІунарилан абураб магІна буго гьел рагІабазул.
Гьадинаб рагІийин кьун букІараб: «Цо заманалдасан дун тІадвуссараб мехалъ, Саратил вас вукІине вуго».