Дица нужеда малъулеб буго дир Инсуда аскІоб дида бихьараб къагІидаялъ. Нужецайин абуни гьабулеб буго нужерго инсудасан рагІараб къагІидаялъ.
Сунат гьабилелдего, божи-иманалъухъ балагьун, гьев ритІухъ гьавуна Аллагьас. РитІухъав вукІиналъул мугьру гІадинаб гІаламатлъун лъугьана цинги Ибрагьимил сунат. Иман лъуразда гьоркьоса киналго сунат гьабичІезулги эменлъун лъугьана Ибрагьим, божи-иманалъухъ балагьун Аллагьас гьел ритІухълъизаридал.
Аллагьас жиндирго халкъалъе кьун букІараб рагІи тІубачІилан абизе бегьуларо. Исраилил наслуялъул киналго гуро Исраилил халкълъун лъугьарал.
Гьедин иманалде рачІаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгІанасеб баркат.