Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса. Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин. МасихІидеги цолъун, Аллагьасда цере ритІухълъизе нилъеца хІаракат бахъулеб бугониги, нилъ мунагьал гьарулел чагІилъун лъугьунел ругони, – МасихІги мунагьалъул рахъалда вугин абураб магІна кколебищ гьелъул? Гьайгьай, кколаро! Аллагьасул баркаталдаса дица инкар гьабуларо. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун Аллагьасда цеве ритІухълъизе инсанасда кІолеб бугони, МасихІил хвел гІададисеб буго!
Выбор основного перевода