Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Нилъер умумузул Аллагьас хваралъуса вахъинавуна нужеца гъотІода ван гъанкъарав ГІиса. Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. Мунагьго гьечІевав нилъер мунагьалъе гІоло къурбанлъун гьавуна Аллагьас, – гьесдалъун нилъеде Аллагьасдасан ритІухълъи рещтІинабизе. Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине. Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна. Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе – чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана.
Выбор основного перевода