Амма Исраилил тІолабго халкъалъ гуро Рохалил хабар къабул гьабураб. Ишая аварагас абун бугелъул: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?» – ан.
ХІасил, божи-иман бижула хабаралъухъ гІенеккани, хабаралъухъ гІенеккизе ресги щола вачІун лъицаниги МасихІил хІакъалъулъ хабар лъазабулеб бугони.