Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьес гьезда абуна: – Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж! Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан. Жидеего пайдаялъе хІалтІулезде ва, хІакъабщиналъухъ гІенеккичІого, квешабщиналъухъ гІенеккаразде Аллагьасул ццин гьалаглъила. Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго! ГІадамаз витІичІев, гІадамазул кумекалдалъунги витІичІев, живго ГІиса МасихІица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен – Аллагьас витІарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагІатазде. Нужер чу лъикІго бекерулеб букІана, – хІакъабщиналда божизе лъицаха нужее квалквал гьабулеб бугеб?
Выбор основного перевода