Гьеб лъайдал, Къайсарияталдеги вачун, вацаз Шаул Тарсалде витІана.
Гьале дица нужее битІахъе бицунеб буго (МасихІгун цолъарав дица гьереси бицунаро, – дир намус-яхІалъ тасдикъ гьабула гьеб, Илагьияб РухІалъ нугІлъиги гьабула гьелъие):
ТІадегІанав ГІисал Эмен – Аллагьасда (Жиндие рецц даимлъаясда) лъала дица гьереси бицунеб гьечІолъи.