Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. Гьаб кагъат битІулеб буго чапарлъун тІаса вищарав ва Аллагьасдасан рещтІараб Рохалил хабар лъазабизе тарав Павелица – ГІиса МасихІил лагъас. Жинца тІаса рищаралщинал Аллагьас жиндихъего ахІана, жиндихъего ахІаралщинал ритІухълъизеги гьаруна, ритІухълъизаруралщиназе жиндирго кІодолъиялъул бутІа насиблъизабуна. Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе. Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода