– Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи.
Вореха, гІадамазул философиялъги гьодорал рагІабазги гуккун, лъицаниги нуж къосинаризе гурин. Гьеб кинабго МасихІидасан бачІараб гуро, гьеб бачІун буго гІадамазул гІадатал цІуниялдасан ва тІабигІиял къуватазе лагълъи гьабиялдасан.