Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо жиндирго Вас. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен. Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев. ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. – Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? – абун гьаракьги рагІана гьесда. – Мун щив, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Шаулица. – Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, – ян рагІана гьесда жаваб. – Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали. Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. ГІадамазда данде гурел, – тахида ругелги кверщел бугелги рухІазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецІаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел.
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода