Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар. Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда. Рохалил хабаралъул хІакъаб магІна нужелъ хутІизелъун цо лахІзаталъгицин мутІигІлъичІо ниж гьезие. Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана. Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода