Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Филиппийцам
1 2 3 4
Параллельные места
Нужеда гІайиб чІвазе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Цебеги абун букІана: нуж нижер ракІазулъ рукІина ниж хваниги-рахъаниги. Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. кІалгІаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутІараздаги бичІчІана дида рахсал МасихІ сабаблъун ран ругеблъи. Дун жанив тІами сабаблъун ккун, гІемерисел иман лъуразул тавакал цІикІкІинабуна БетІергьанас, гьединлъидал гьезги расги хІинкъичІого халкъалъухъе щвезабулеб буго Аллагьасул рагІи. Дир чорхолъ рухІ бугебгІан заманаялда нахъаса къотІичІого гьеб нужеда ракІалде щвезаби дица дида тІадаб ишлъун рикІкІуна.
К Филиппийцам
1 2 3 4
Выбор основного перевода