Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Филиппийцам
1 2 3 4
Параллельные места
хьул гІадада кколаро – нилъеде рещтІинабураб Илагьияб РухІалдалъун Аллагьас нилъер рекІелъе рокьи чвахизабулеб бугелъул. Кинабго бижанщинаб гІащикъго балагьун чІун буго жиндир лъимал щалали Аллагьас кидадай загьир гьабилаян. Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре. Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе.
К Филиппийцам
1 2 3 4
Выбор основного перевода