Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб.
Нужецаги гьари-дугІа гьабеха, нижеда тІадрекъон. Нилъер гьари-дугІа цІикІкІани, Аллагьасги цІоб лъела, гІадамаз Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина.
МасихІиде цолъиялъ нужелъе къвакІи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракІбатизабулебги бугони, Илагьияб РухІалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхІел-рахІмуги бижун батани,