Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан.
Жиндирго Васгун – нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІгун – цолъизе нуж тІаса рищарав Аллагь ритІухъав вуго.
ТІолабго дуниялалдаго тІибитІун бугеб гІадин нужехъеги щвана гьеб Рохалил хабар, нужер гьенибги гьеб тІегьан буго, тІад пихъ бижун буго Аллагьасул цІобалъул хІакъикъат лъаралдаса нахъе.