Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Филиппийцам
1 2 3 4
Параллельные места
Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІие гІоло ва РухІалъ кьолеб рокьуе гІоло гьарулеб буго дица нужеда, дунги рехсон, нужецаги Аллагьасе тІадчІун гьари-дугІа гьабеян. ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. Нужеда лъала гьев кьучІав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гІоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гІадин, хІалтІаравлъиги. Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе.
К Филиппийцам
1 2 3 4
Выбор основного перевода