Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана. Дица абуна: «Я, ТІадегІанав ГІиса! Гьазда лъала дуде иман лъурал гІадамал дица, ккун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІараблъи ва синагогабазда гьел рухулел рукІараблъиги. Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан. Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица. Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе. иман лъуразул агьлуялъе гІазаб-гІакъуба кьезе цІакъго хІаракатги бахъулеб букІараб дица. Къанунал тІуразарурав чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунев вукІаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукІана. цебе кидаялиго жив какарасда, жив хІакъир гьавун, хадув лъугьарасда ва жив къварид гьавурасда. Доб кинабго дица дирго лъавукълъиялдалъун ва божунгутІиялдалъун гьабулеб букІиндал, гурхІана дида Аллагь.
Выбор основного перевода