Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелъул йикІана Марям абун яцги. ТІадегІанав ГІисал хІатІаахада гІодойги чІун, гьесул харбихъ гІенеккун йикІана гьей. КІудияб судалда гьоркьов вукІарав Гамалиэл абулев цо фарисеяс тІаде вахъун амру гьабуна цо дагьаб мехалъ гьел чапарзаби къватІирехун ритІейилан. Гьев вукІана тІолабго халкъалъ къадру-къимат гьабулев динияв гІалимчи. Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги. Гьеб рагІидал, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. Цинги гьез Павелида абуна: – Балагье, вац, гьанир жугьутІазда гьоркьоса ГІисаде иман лъурав аза-азар чи дудаго вихьизе. Гьез киназго кьуричІого цІунула Мусал къанунал. Павелица абуна: – Дун вуго Киликиялъул Тарсалдаса жугьутІав, гьеб машгьураб шагьаралъул гражданин. Гьаб халкъалдехун хитІаб гьабун, цо кІалъазе изну кьейилан гьарулеб буго дица дуда. Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул.
Выбор основного перевода