Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІадамаздаса цІуне. Гьез нуж тІадегІанаб судалде ахІила, жидерго синагогабазда жанир цІалаца рухила. Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана. Гьаб Нухде лъугьаразе чІваялде гІунтІунги гІазаб кьуна дицаги, бихьиналги руччабиги, ккун рачун, рахсаца рухьинаруна, туснахъалъур тІамизаруна. Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе.
Выбор основного перевода