Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго умумузул ишазда нуж тІад рекъолел рукІин. Доз аварагзаби чІвана, нужецайин абуни, доз чІван хваразул хобазда тІад мазарал гьарулел руго. шагьаралдаса къватІивеги рехун, ганчІал речІчІун чІвана. Гьенир рукІарал гІадамаз жидерго гІабаби Шаул абун цІар бугев цо гІолохъанчиясда цере лъун тана. БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана. Гьедин хьвадарав чи чІвазе кколилан Аллагьасул амру букІин лъаниги, жидецаго квешлъи гьабураб гІечІого, гьеб гьабулел цогидалги реццула гьез.
Выбор основного перевода