Болъодухъа тІаде Павел вачунаго, тІаде гурун бачІараб халкъалъул руккелалдаса цІунизе, рагъухъабаз кодов ккун восизе ккана гьев.
Хадур лъугьун гІемерал гІадамаз ахІулеб букІана гьев тІагІинавизе кколилан.
Цинги Фестица абуна: – Я, Агриппа хан ва гьанир ругел цогидалги! Нужеда цеве вугев гьав чиясдасан гІарз бачІун буго Иерусалималда ругелги гьанир ругелги жугьутІазул тІолабго жамагІаталъ. Гьав чІаго тезе бегьуларилангицин ахІулеб букІана гьез.