Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», – ян. Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. ЖугьутІазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букІараб РухІ дилъги букІиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букІараб мехалда. Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине.
Выбор основного перевода