Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги. Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихІатчагІилъун цоял, – Амма сундулъго дур сабру букІине ккола. ГІазаб-гІакъуба хІехье. Рохалил хабар лъазабун, дурго иш гьабе, дурго хъулухъ тІубазабе. Гьений йикІана Ашерил наслуялъул Пенуэлил яс ХІаннат, жиндилъ кашпу-карамалъи бугей, цІакъго херай гІадан. Анкьго соналъ гурони росасда цадахъ гІумру тІамичІо гьелъ. «Аллагьас абулеб буго: Ахирзаман тІаде щведал, гьадин букІина – Дир РухІалъул хІалкІолъи чвахизабила дица щибаб рижиялда тІаде. Нужер бихьиназдеги руччабаздеги рещтІина Аллагьасул рагІи, нужер гІолохъабазухъе гьеб илгьамалдалъун щвела, нужер херазухъе гьеб макьилъ бихьун щвела.
Выбор основного перевода