Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: – Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян.
Гьез ахІулеб букІана: – ВитІе, витІе, хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: – Нужер ПарччахІ хъанчида вазе витІизе бегьилищ дица? ЧІахІиял кашишзабаз ахІана: – Къайсар тун батІияв парччахІ гьечІо нижер!
Гьел рагІаби Павелил кІалдиса къватІире лъугьинегІан гІенеккун чІун букІараб халкъ нахъеги ахІдезе лъугьана: – Ракьалдаса тІагІинавизе ккола гьев! Гьединав чи чІаго тезе бегьуларо!