Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ. – Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул. ЖугьутІ диналда вукІараб мехалъ дун цеве кколаан дир халкъалда гьоркьоса гІемерал гІелбащадаздаса. ЦІакъго-цІакъ цІунулел рукІиндалха дица дирго умумузул гІадатал!
Выбор основного перевода