Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр. ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна: – Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ! Гьале цо-цо гІадамаз цеве цун вачІана жугьутІаз кІалъазе тІамурав Александр абулев чи. ГІенеккейилан, кверги борхун, Александр халкъалда цеве жидеда гІайиб гьечІилан кІалъазехъин вукІана. Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! – абун ахІана гьес. – Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа».
Выбор основного перевода