Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьединлъидал дида ракІалде ккола Аллагьасде руссунел ругел цогидал халкъазул гІадамазе нилъеца квалквал гьабизе бегьиларилан. Гьанже нилъеца гьезухъе хъван кагъат битІизе ккола гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, хъахІбалъиги гьабугеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги, гьединго биги хІарамаб бугилан. Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго – паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан. Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, – гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам».
Выбор основного перевода