Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Доле МасихІ гІицІаб авлахъалда вугин абуни, гьениреги унге нуж, гьале рокъов жанив вахчун вугин гьевилан рагІани, гьелдаги божуге. Дагьав цевегІан вачІун вукІана жив щивалиго вугилан чІарав Тевда. Гьесде вуссана ункънусгогІанасев чи. Гьев чІвараб мехалъ гьесул рахъ ккурал гІадамал рикьа-риххун ана ва гьезул хабар къотІана. Гьесдаса хадув халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабулеб заманаялда вачІун вукІана Галилеялдаса Ягьуда. Гьесдаги нахърилълъана гІадамал. Гьевги чІвана, гьесул рахъ ккуралщиналги додинго рикьа-риххун ун тІагІана.
Выбор основного перевода