Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул. Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги. Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. Щибаб шамат къоялъ синагогаялъуве ун, жугьутІалги грекалги мукІур гьаризе кІвелародайилан, гьелгун гара-чІварулаан Павел. Синагогаялъуве лъугьун, гьес хІинкъичІого хабар бицунеб рагІидал, Прискиллацаги Аквилацаги гьев рокъове ахІана ва дагьабги якъинго бичІчІизабуна гьесда Аллагьасул Нух. Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана.
Выбор основного перевода