Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги. Ралъдал рагІалда ругел Асиялъул шагьаразде ине къачІан букІараб Адрамиттиялъул гамида рекІана ниж. Нижеда цадахъ вукІана Фессалоникаялдаса македонияв Аристархги. Жиндир рокъоре иман лъуразул агьлу данделъулев, гьобол хирияв дир хважаин Гайилги буго нужеде салам. Шагьаралъул хазина цІунулев чи Эрастилги буго салам. Нижер вац Квартилги буго салам. МасихІ ГІисадалъун гьес нужеде баркат рещтІинабуралъухъ дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин». Я, вацал, Асиялда нижее букІараб къварилъиялъул хІакъалъулъ нужедаги лъазе бокьун буго. Баччизе кІвеялдаса араб хІалалде ккедал, чІаго хутІиялдаса хьул къотІун букІана. Нужеде салам буго дида аскІов туснахъалъув вугев Аристархилги Маркилги (гьев Марк ккола Барнабал вацгІал, гьесул хІакъалъулъ ругьел битІун букІана нужехъе, гьениве вачІани, гьесие гьоболлъи гьабеян). гьединго дир кумекчагІи Маркилги, Аристархилги, Демасилги, Лукалги салам буго дуде.
Выбор основного перевода