Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе.
ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьел лъадалъ ччун рахъун рукІаниги, Илагьияб РухІ рещтІун букІинчІо жеги гьезул цонигиясулъе.