Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр. ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна: – Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ! Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес. Гьединазда гьоркьор руго Гьименейги Александрги, дица гьел рехана илбисалъул ханлъиялде, Аллагь какулеб гІамал тезабизелъун. Маххул устар Александрица гІемераб квешлъи гьабуна дие. Гьесул ишазда рекъон жаза гьабеги БетІергьанас гьесие!
Выбор основного перевода