Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана. Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав. Гьеб параялъго вацаз гамида рекІине ралъдал рагІалде витІана Павел. Силаги Тимофейги гьенирго чІана. Гьедин ана кІиго сон. Асиялда яшав гьабун рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана Аллагьасул рагІи. Жиндир рокъоре иман лъуразул агьлу данделъулев, гьобол хирияв дир хважаин Гайилги буго нужеде салам. Шагьаралъул хазина цІунулев чи Эрастилги буго салам. Нижер вац Квартилги буго салам. МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда. Дун Македониялде унаго дица дуда гьарана Эфесалда чІайилан ва гІадамал къосинарулел насихІатал тІокІалъ гьаругейин абун цо-цо чагІазда лъазабейилан, Эраст Коринфалда чІун вуго. Унтун вукІиндал, Трофим дица Милеталда тана.
Выбор основного перевода