Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цинги Павел Афиниялдаса Коринфалде ана. Цинги гьел Эфесалде щвана. Синагогаялъуве ана Павел, гьенир рукІарал жугьутІалгун гара-чІваризе. Гьез Павелида гьарана дагьаб мехалъги гьенив жидеда аскІов чІайилан, амма гьев разилъичІо. Гьезулгун къолъикІ гьабулаго, Павелица абуна, Аллагьас хъван батани, жив нахъеги нужехъе вачІинилан. Цинги гьев, Прискиллаги Аквилаги гьенир тун, гамидаги рекІун, Эфесалдаса нахъе ана. Къайсарияталда гамидасаги рещтІун, Иерусалималде ана. Гьениб иман лъуразул агьлуялъе саламги кьун, Антиохиялде ана. Дагьаб мехалъ гьенивги чІун, нахъе ана. Иргадал Галатиялъул ва Фригиялъул шагьаразде щун, гьенир рукІарал муридазул иман щула гьабизе квербакъи гьабуна. Эфесалде вачІана Искандарияталдаса Аполлос абун цІакъ кІал-мацІ пасихІав цо жугьутІав. Илагьиял ТІухьдузда хъваралъул магІна лъалев пагьмуяв чиги вукІана гьев. «Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» – щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца. Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас. Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна.
Выбор основного перевода