Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъисеб къоялъул къалъул гІужалда гьел Иоппиялде щолел рукІана. ТІохде вахун дугІа гьабулев вукІана Пётр гьебмехалъ. Пётр вакъана, кванде хиял ккана гьесул гьениб. Гьесие квен къачІалеб букІаго, цебетІами лъугьана: зобал рикьун ана ва ункъабго гІинщги ккун гІодобе биччан бачІунеб бихьана цо кІудияб туруталда релълъараб жо. Гьелда тІад ругоан ракьалдасан хьвадулел киналго тайпабазул хІайваналгун шурулел жалги хІанчІиги. – Вахъун гьелги хъве, гьезул гьанги кванай, Пётр, – абун гьаракь рагІана гьесда. Пётрица абуна: – Я, ТІадегІанав, дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги квинчІо. КІиабизеги добго гьаракьалъ абуна гьесда: – Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца. Лъабабизеги рагІана Пётрида гьеб гьаракь ва гьебсагІат зобалазде босун ана доб турут гІадинаб жо. Гьелъул магІна щибдайилан пикрабазда Пётр вугеб мехалъ, Корнелийица ритІарал дол гІадамал, Симонил мина бугеб бакІ балагьизе гьесул кавудухъе щун рукІана. Гьез ахІунго-ахІун гьикъулеб букІана Пётр абун тІокІцІар бугев Симон вугищин нужер гьенив гьоболлъухъилан. Доб жиндаго цебетІамураб сураталъул пикрабазда вукІарав Пётрида Илагьияб РухІалъ абуна: – ГІенекке, кІиго чи вуго мун валагьулев. Вахъун гьанже тІохдаса гъоркьеги рещтІун, сунданиги щаклъичІого, гьезда цадахъ а мун. Гьел руго дица ритІарал чагІи. Гьениса гъоркьеги рещтІун, дол гІадамазда абуна Пётрица: – Дун ккола гьев нужеца валагьулев вугев чи. Щай нуж гьанире рачІарал? Гьез абуна: – Корнелий абун вуго цо нусилбетІер, гьев вуго Аллагьасукьаги хІинкъулев, киналго жугьутІазда гьоркьоб кІудияб къадру-къиматги бугев лъикІав чи. Бичасул малаикас гьесие илгьам гьабуна мун рокъове ахІеян ва дур рагІабазухъ гІенеккеян. Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ. КІиабилеб къоялъ Пётр Къайсарияталде щвана. Корнелий, жиндирго гІага-божаралги гьудул-гьалмагъзабиги ахІун, гьел рачІиналъухъ валагьун чІун вукІана. Пётр азбаралъуве лъугьунеб мехалъ, данде ун гьесда цеве суждаялда чІана Корнелий. Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна: – ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин. Гьевгун гара-чІварулаго рокъове жаниве лъугьарав Пётрида гІемерал гІадамал ракІарун ратана гьенире. Гьезда Пётрица абуна: – Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи. Гьединлъидал дун, нужеца ахІаравго, тІадкІалъай гьечІого вачІана гьаниве. Гьанже бице нужеца: щай дида хадур чагІи ритІарал? Гьебмехалъ Корнелийица абуна: – Ункъо къоялъ цеве, гьадинабго къалъудаса хадуб лъабго сагІат араб гІужалда дирго рокъов Аллагьасе как балев вукІана дун. ВачІун дида цеве чІана гвангъараб гІаба ретІарав цо чи. Гьес дида абуна: «Корнелий, Аллагьасда рагІана дур дугІа, дур садакъабиги рихьана гьесда. Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда». ГьебсагІатго ритІана дица дуда хадур чагІи. Мун гьаниве вачІун лъикІ ккана. Гьале гьанже ниж киналго Аллагьасда цере чІун руго, БетІергьанас дуе амру гьабурабщиналъухъ гІенеккизе. Пётрица гьезда абуна: – Гьанже якъинго бичІчІана дида Аллагьас жиндирго лагъзадерида гьоркьоб батІалъи гьабулареблъи. Кинаб къавмалъул чи вугониги, гьес къабул гьавула жинкьа хІинкъулев ва витІун хьвадулев чи. Гьес Исраилил халкъалъухъе битІана жиндирго рагІи. Гьеб рагІи буго ракълил хІакъалъулъ ругьел, ва ГІиса МасихІидалъун бачІана гьеб. Гьев МасихІ вуго киназулго ТІадегІанав. Нужеда лъала Галилеялдасан байбихьун тІолабго Ягьудиялда ккарабщинаб. Гьеб лъугьана ЯхІя аварагас лъадалъ ччун рахъизе кколилан лъазабуралдаса хадуб. Нужеда лъала Аллагьас Назареталдаса ГІисаде Илагьияб РухІги хІалкІолъиги рещтІинабураблъи, гьес киса-кивего ун гІемераб лъикІлъи гьабураблъи ва илбисалъул кверщаликь рукІарал киналго гІадамалги сахлъизарураллъи, – Аллагь гьевгун вукІиндалха! Ниж руго кинабго жугьутІазул ракьалдаги Иерусалималдаги гьес гьабурабщиналъе нугІзал. ГъотІода ван гъанкъун хвезавуна гьев. Лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги гьавуна Аллагьас гьев, хваралъуса вахъун вихьулевлъунги гьавуна. Амма киназдаго гуро гьев вихьарав. Гьев вихьана Аллагьас цереккунго тІаса рищун рукІарал, гьеб киналъего нугІзаллъун лъугьарал нижеда. Хваралъуса вахъун хадувги гьесда цадахъ кванарал-гьекъарал чагІи руго ниж. Гьес нижее амру гьабуна чІагоязеги хваразеги суд гьабизе Аллагьас тарав чи вугин живилан халкъалдаго лъазабеян, гьелъие нугІлъиги гьабеян. Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан. Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана. Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал. Цогидаб мацІалда гьезул кІалъайги гьез Аллагьасе гьабулеб реццги рагІулеб букІиндалха гьел жугьутІазда. Пётрица абуна: – Нилъее гІадин, Илагьияб РухІ насиблъарал гьал гІадамазе лъадалъ ччун рахъи гьукъулев чи вукІинищ? Цинги Пётрица гьезие амру гьабуна, МасихІ ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъайилан. Гьебмехалъ гьез Пётрида гьарана цо дагьаб мехалъ жидеда аскІов гьенив чІайилан.
Выбор основного перевода