Гьеб рагІидал, Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазул бетІерги чІахІиял кашишзабиги, гьелъул магІна щибдайилан, рихха-хочун лъугьана.
Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги.
БетІергьанас квербакъи гьабуна гьезие, ва цІакъ гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.