Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул. Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана. Къайсарияталда гамидасаги рещтІун, Иерусалималде ана. Гьениб иман лъуразул агьлуялъе саламги кьун, Антиохиялде ана. Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе – халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе – мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана.
Выбор основного перевода