Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб рагІидал, цогидал халкъазул гІадамал цІакъ рохана, Аллагьасул рагІуе рецц гьабизе лъугьана. Абадияб гІумру насиблъизе тІаса рищун рукІаралщиназ иман лъуна. Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула. ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», – ян. Аллагьасдасан бугеб пашманлъиялъ кантІизарула, хвасарлъизарула. Гьелдаса ракІбухІизеги кколаро. Амма гьаб дуниялалъул пашманлъиялъ хвалде рачуна.
Выбор основного перевода