Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж. ЯхІяца жаваб кьуна: – Дица нуж, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго, амма халкъалда гьоркьов вуго цо Чи. Нужеда лъаларо гьев. Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи». ЯхІя аварагас лъадаца чурулаан, нужин абуни, гІемер заман иналдего Илагьияб РухІалъ чурила.
Выбор основного перевода