Гьале цо къоялъ къаденахъе сагІат лъабго тІубараб мехалъ, тІасан загьираб илгьам лъугьун, Бичасул малаик вачІана гьесухъе. – Корнелий! – абун кІалъана гьесда малаик.
ХІинкъадго гьесухъги валагьун: – Щиб, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Корнелийица. Малаикас гьесие жаваб кьуна: – Дур дугІабиги садакъабиги Аллагьас къабул гьаруна, бищунго къабулаб къурбан гІадин.
Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур.
Гьез абуна: – Корнелий абун вуго цо нусилбетІер, гьев вуго Аллагьасукьаги хІинкъулев, киналго жугьутІазда гьоркьоб кІудияб къадру-къиматги бугев лъикІав чи. Бичасул малаикас гьесие илгьам гьабуна мун рокъове ахІеян ва дур рагІабазухъ гІенеккеян.
Гьебмехалъ Корнелийица абуна: – Ункъо къоялъ цеве, гьадинабго къалъудаса хадуб лъабго сагІат араб гІужалда дирго рокъов Аллагьасе как балев вукІана дун. ВачІун дида цеве чІана гвангъараб гІаба ретІарав цо чи. Гьес дида абуна:
«Корнелий, Аллагьасда рагІана дур дугІа, дур садакъабиги рихьана гьесда.
Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда».