Дир гІумру МасихІилъ буго, хвалилъги пайда буго дие!
Амма дун дуниялалда хутІани, дир хІаракатчилъиялъул хайирги буго. Лъаларо гьеб кІиялъулго кинаб дие бокьилебали.
Дир ракІ кІибикьун буго: гьаниса вахъун, МасихІида аскІове инеги бокьун буго, гьеб гІемерго лъикІ букІинилан ккун.