Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе.
ЦІакъ хІинкъизе ккараб иш буго хІакъав Аллагьасда цеве чІей!