Аллагьасул тушбабилъун нилъ рукІараб заманалда, гьесул Вас хвей сабаблъун, рекъел ккана гьесдаги нилъедаги гьоркьоб. Рекъел ккун хадуб кигІан цІикІкІунха нилъ хвасарлъилел гьев чІаголъи сабаблъун.
Аллагьасе бокьана гьесдалъун киналго жиндего цолъизаризе. Хъанчида ван гьев хвей сабаблъун зоб-ракьалда бугебщиналда гьоркьоб рекъел лъугьана.