Кагътидасан нужеца цІалулеб ва нужеда гьенисан бичІчІулеб жо гурони, батІияб щибго ракІалде кколаро нижеда гьеб хъвалеб мехалъ. Нижеца бицарабщиналъул цо-цо бутІа гурони нужеда гьанжелъагІан бичІчІулеб букІинчІеб батани, гьанже гьеб нужеда тІубанго бичІчІилилан хьул буго. Ниж нужедаса чІухІулел гІадин, нужги нижедаса чІухІила – нилъер ТІадегІанав ГІиса цІидасан рещтІараб къоялъ.
Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине?