Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун. Гьедин жидерго рахъалъ абулеб бугони, гьелъул магІна ккола гьел гІадамаз жидеего ватІан балагьулеб букІин. Жидеца рехун тараб улкаялъухъ урхъун гьел рукІаралани, доре тІадруссине рес ккелаан гьезие. Амма гьел урхъун рукІана зобалазда бугеб цІакъго лъикІаб улкаялъухъ. Гьединлъидал Аллагь намуслъуларо жив гьезул Аллагь вугилан абизе. Гьес гьезие шагьар бан буго.
Выбор основного перевода