Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе – биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула. Халгьабеха гьеб Аллагьасдасан бачІараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацІцІалъизе бахъараб хІаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун букІараб ахІи-хІуралъ, дун вихьизе бугеб урхъиялъ, гІайиб ккарасе гьабураб тамихІалъ, – гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацІцІадал рукІин.
Выбор основного перевода